МугӀаз ал-ХатӀиб
МугӀаз ал-ХатӀиб гӀар. أحمد معاذ الخطيب — сириялъул хӀукуматалъул хӀаракатчи-сиясатчи, 2012 соналъул 11 ноябралдаса байбихьун гьев ккола Сириялъул халкъияб дандечӀеялъул бетӀерлъун.
Биография[хисизабизе]
Гьавуна 1960 соналъ Димишкъалда. Сириялда хӀуригаталъе гӀоло рагъ байбихьизегӀан Димишкъалъул Омавиязул мажгиталъул хатӀиблъун вукӀана.
Гьесул эмен вук1ана шайих МухӀаммад Абу ал-Фараж цӀаларав гӀалимчилъун ва Димишкъалдаго цӀар рагӀарав вагӀзачилъунги, гьевги ккола "ал-ХӀасаний" тухумалъул чилъун, ай аварагасул с.гӀ.в. ясалъул вас ХӀасан бин ГӀалил тухумалъул чилъун.
Гьесул руго кӀиго вацги цо яцги: яц йиго Массуна абурай (шаригӀаталъул къанунал гӀелмуялъул мугӀалим), вац ГӀабдул Къадир (Омавиязул мажгиталъул вагӀзачи - Тафсиралъул ва шаригӀаталъул къанунал гӀелмуялъул профессор) ва МухӀаммад Мужир ( ХӀадис ва хӀадис гӀелмуялъул профессор - гӀемерал тӀахьазул муалиф).
Лъадиги ункъго лъимерги буго хъизамалда: Аман, ГӀабду РахӀман, Асмаъ ва Гьашим.
Босараб бакӀ[хисизабизе]
- Сирия: коалиция оппозиции на вкус Запада в обмен на оружие - гӀурус мацӀалда
- Syria cleric Moaz al-Khatib to lead opposition - ингилис мацӀалда
- Syrian opposition groups sign coalition deal - ингилис мацӀалда