ИхӀсан

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ИхIсан» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Ихсан (гIараб мацIалда احسان ), диналъул лъабабилеб аслу.

ИхIсан ккола дуца дурго БетIергьанасе лагълъи гьаби дуда Гьев вихьулев гIадин, дуда Гьев вихьичIониги, Гьесда мун вихьулев вугелъул. Гьединаб хIалалде инсан вачIине ккани, кидаго Аллагь рехсон, Аллагь ракIалда чIезавун черхалъул гьава-нафсалда данде къеркьон, батIи-батIиял гIибадат тIагIат гьабиялда тIад чIей гьабун киналдаго инсан куцалеб тарбият букIине ккола. Гьеб тарбияталда тасаввуфилан яги тIарикъатилан абула. Гьеб тарбият кьезе инсанасе рухIияв устарги чара гьечIого къваригIуна. Гьеб тарбият гьечIони инсанасул иманги исламги, жиндир хIакъикъатги гьечIеб цIараллъун хутIула. Гьеб тарбият тIадаб букIиналъе нугIлъи гьабулел гIемерал Къуръаналъул аяталги Аварагасул хIадисалги руго, гьелда агьлусуннаталъул киналго хIакъал имамзабиги гIалимзабиги тIад рекъарал руго. [1]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. КъурамухIаммад-хIажи Рамазанов, ФАРЗ / ХIакъаб диналъул лъазе кколеб чара гьечIеб къадар, МахIачхъала 2006 (хвараб регӀел)