Иман

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Иман (гIараб мацIалда إيمان‎), диналъул тIоцIебесеб аслу. [1] Иманалъул анлъго рукну буго. Гьезул цонигиялда ракI чIезабичIони, гьев чи бусурманчи вукIунаро, ахираталдаги гьесие абадияб гIазабгIакъубаги букIуна.

ТIоцебесебАллагьасда ракI чIезаби; кIиабилеб – Гьесул малаикзабазда ракI чIезаби; лъабабилеб – Гьесул тIухьдузда ракI чIезаби; ункъабилеб – Гьесул илчизабазда ракI чIезаби; щуабилеб – Къиямасеб къоялда ракI чIезаби; анлъабилеб – Гьесул къадаралда ракI чIезаби, лъикIаб букIа квешаб букIа кинабго Аллагьасул рахъалдаса бугилан абун.

  1. Аллагьасда ракI чIезаби.
  2. Аллагьасул малаикзабада ракI чIезаби.
  3. Аллагьасул тIухьдузда ракI чIезаби.
  4. Аллагьасул русулазда (илчизабазда) ракI чIезаби.
  5. Къиямасеб къоялда ракI чIезаби.
  6. Аллагьасул къадаралда ракI чIезаби.

Аллагьасда ракI чIезаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Аллагьасда кинха ракI чIезабилеб. Аллагьасда ракI чIезабула Гьесие къого тIадаб, къого букIине рес гьечIел, цо дурусаб сифат бугилан абун.

Аллагьасе рукIине тIадал къоялго сифатал: Ватизе тIалъи, авал гьечIолъи, ахир гьечIолъи, сундего хIажалъуларев вукIин, сундаго релъунгутIи, жив цо вукIин, сундуего хIалкIолъи, кинабго бокьи, кинабго лъай, даимаб чIаголъи, кIалъай, кинабго рагIи, кинабго бихьи, сундаго хIал кIолевлъун вукIин, кинабго бокьулевлъун вукIин, кинабго лъалевлъун вукIин, даим чIагоявлъун вукIин, кIалъалевлъун вукIин, кинабго рагIулевлъун вукIин, кинабго бихьулевлъун вукIин.

Гьал къоялго сифатал ккола гIакълуялъги хIакъаб диналъги Аллагьасе рукIин тIад гьарулел Аллагьасул аслиял сифатал.

Гьал гурелги Аллагьасул 99 берцинал цIаралги руго, Гьесда гурого хIакъикъат лъаларел рикIкIун хIал кIоларел гIемерал камилал сифаталги руго Гьесул, тIадегIанал цIаралги руго.

Аллагьасул малаикзабада ракI чIезаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Аллагьасул малаикзабазда кин ракI чIезабилеб. Малаикзабазда ракI чIезабила гIаммаб куцалдаги, цIарцIар ккунги, Къуръан-хIадисалъ абухъе, гьел рукIин хIакъаб бугилан абун.

ГIаммаб куцалда малаикзабазда ракI чIезаби: Дур ракI чIезе ккола Аллагьасул малаикзаби рукIиналда нуралдаса рижарал, рацIцIадал, хириял, Аллагьасул амруялдаса лахIзаталъ таруларел, амру гьабурабщинаб жо гьабулел, Аллагь рехсон чIалгIунарел, жидер рикIкIен Аллагь гуресда лъаларел, кваналарел, гьекъоларел, кьижуларел, бихьинлъицIулъи гьечIел, зобракь цIурал, хвезеги ругел, хун хадуса тIадеги рахъинаризе ругел, Аллагьасул лагъзал гьел ругилан абун.

Аллагьасул тIухьдузда ракI чIезаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Аллагьасул тIухьдузда кин ракI чIезабилеб. Дур ракI чIезе ккола Аллагьасул рахъалдасан (вахIю) Жабраил малаикас русулазухъе тIахьал, тIанчал, хъарщал рещтIанилан. Гьезул бищун аслиял тIахьал ункъго руго: Таврат – Мусахъе, Забур – Давудихъе, Инжил – ГIисахъе, Къуръан – МухIаммадихъе рештIарал ругилан абун.

Аллагьасул тIухьдуз халкъалда малъула хIакъаб дин, инсан дунялалда хьвадизе кколеб битIараб нух. Къуръан ккола Аллагьасул ахирисеб тIехь, цересел тIахьазул кинабго магIнаги жаниб лъураб, къиямасеб къо чIезегIан лъидаго хисизабизеги кIолареб Аллагьасул бищунго кIудияб мугIжизат.

Аллагьасул илчизабазда ракI чIезаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Аллагьасул русулазда (илчизабазда) кин ракI чIезабилеб. Дуца ракI чIезабизе ккола Аллагьас гIадамазда гьоркьоса тIасаги рищун, жидехъе вахIюги рещтIун, халкъ Аллагьасул диналде ахIизе ритIарал Аллагьасул бищунго хириял лагъзал гьел ругилан абун. Гьезул тIоцевесев Адам ккола, ахирисев МухIаммад ккола. Цересел русулал хассал бакIазде, хассал гIадамазде, хассаб заманалда ритIарал рукIана, МухIаммад Авараг тIолабго халкъалъухъе, киналго бакIазде къиямасеб къо чIезегIан витIарав ахирисев Аварагги расулги ккола.

ЦIарцIар ккун ракI чIезабизе кколел аварагзаби руго гьал Къуръаналда цIарал рехсарал аварагзаби: Адам, Идрис, НухI, Гьуд, СалихI, Ибрагьим, ЛутI, ИсмагIил, ИсхIакъ, ЯгIкъуб, Юсуф, ШугIайб, Аюб, Зулькифли, Муса, Гьарун, Сулайман, Давуд, Ильяс, АльясагI, Юнус, Закаря, ЯхIя, ГIиса, МухIаммад, киназдаго Аллагьасул салат салам лъеги.

Аллагьас халкъалдаса тIасаги рищарал, жидехъе вахIюги рещтIарал, халкъалъухъе гьеб щвезабизе тIадги къарал Гьесул хассал лагъзадерида илчизабиян (русулал) абула. Гьединго тIаса рищарал ва вахIюги рещтIарал, гьеб халкъалъухъе щвезабизе тIад къачIел Гьесул лагъзал аварагзаби (анбияъал) ккола. Илчизаби гьединго аварагзабилъунги ккола. Гьезул мухIканаб рикIкIен Аллагьасда лъала. Цоцояз 124 азарго авараг вукIанинги абула, ва гьезул 313 илчизаби рукIанинги абула.

Къиямасеб къоялда ракI чIезаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Къиямасеб къоялда кин ракI чIезабилеб. Дуца ракI чIезабизе ккола хвараб къоялдаса байбихьун хабалъ хIисаб-суал гьабиги, къиямасеб къоялъ халкъ тIаде бахъинабиги, Исрафилас Суралъе пуйги, махIшаралда халкъ данде гьабиги, гьезул гIамал бихьун гьенир гIетIулъ тIерхьинги (хассал гIадамал хутIун), Аллагьас хIисаб-суал гьабиги, квараниса квегIиса гIамал хъварал кагътал кьейги, лъикIал квешал гIамалал цIадирабазда лъейги, шафагIатги, сиратIги, жужахIги, гьелда жанир ругел гIазабал гIакъубабиги, алжанги, гьелда жанир ругел нигIматалги, хIавз-кавсарги, ва гьел гурел цогидалги Къуръан-хIадисалъ бицухъе хIакъаб бугилан абун, гьениб хIакъаб гурого жо букIунарелъул. Ахираталда хвел абураб жоги букIунаро, гьеб абадияб, тIаса ин гьечIеб рукъ буго.

Аллагьасул къадаралда ракI чIезаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Аллагьасул къадаралда ракI кин чIезабилеб. Дуца ракI чIезабизе ккола гьаб гIаламалда кколеб щинаб жо, лъикIаб букIа квешаб букIа, кинабго жо Аллагьасул бокьиирадаталда рекъон, азалалдаго Жинда лъараб, Жинца къадар гьабураб куцалда кколеб бугилан абун. Амма инсанасухъ ихтияр буго, я лъикIаб, я квешаб тIаса бищизе. Аллагьас лъикIабквешаб тIаса бищизе инсанасе гIакълуги кьуна, гьесде лъикIаб гьабизе, квешаб тезе, нух малъизе аварагзабиги ритIана, тIухьдулги рещтIана, лъикIаб гьабурасе ахираталда букIунеб киридаражаялъулги бицана, квешаб гьабуни гьесие букIунеб гIазабгIакъубаялъулги бицана. Гьединлъидал, лъикIаб гьабурасдаса Аллагь разилъула, квешаб гьабурасда Аллагьасул ццин бахъуна.

Иманалъул пайдаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Аллагьас инсанасе кьурал нигIматазул бищунго кIудияб нигIматлъун ккола хIакъаб иман лъей. Иман гьечIев капурчиясдаса талихI къараб жо дунялалъул рухIчIаголъабазда жаниб щибниги гьечIо. Цогидал рухIчIаголъабазул унтиги, балагьги, гIазабги, талихI къейги хвараб къоялъго тIаса уна, иман гьечIев капурчиясул абуни, хIакъикъияб унтиги, балагьги, гIазабги, талихIкъейги хвараб къоялда байбихьула ва абадиялъ тIаса инчIого хутIула. [2]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. КъурамухIаммад-хIажи Рамазанов, ФАРЗ / ХIакъаб диналъул лъазе кколеб чара гьечIеб къадар, МахIачхъала 2006 (хвараб регӀел)
  2. "Archive copy" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса (2010-03-27). Халагьи 2010-03-27.{{cite web}}: CS1 maint: archived copy as title (link)