Имам Шамил

Материал из Wikipedia
(перенаправлено с «Имам Шамиль»)
Перейти к: навигация, поиск

Имам Шамиль нилъеда лъала кавказалда, ва тIолго Россиялда, ва батIибатIиял хасго буссурбабазул улкабазда цIар рагIарав, рагъул ва пачалихъалъул бажари бугев, гIакъилав бетIер ва политик вукIин.

Амма киназдаго гуро лъалеб гьесул уммумал шал, киса рукIаралали, хъванги гьечIо. ГьоцIдерице бицуна Гьидалъа биде вахъун жодокъе вачIанила Денга абурав чи, гьев вукъунги гьенивго вуго, денгал нохъойилан абулеб бакIги буго. Денгал вас МухIамад гьенив гьавурав, гIурав, ГьоцIалъе ккана ГIашилтIа (унсоколо районалъул) росулъе.

Гьениб гьес гьабула хъизан. Лъадилъун йачула гьебго росулъа Бахту-меседу абурай лъикIаб тухумалъул яс. ГIашилтIаса гьел уна Генуре. Гену гьавула гьезие вас ГIали. Гьев ГIали унтарав загIипав вас вукIун вуго, гьесда цIар хисула Шамиль абун. Гьеб мехалъ гьев вас Шамиль гIунила сахав, зурбаяв гIолохъан чи. Гьев вуго вукIинесев Дагъистаналъулги, кавказалъулго, дунялалдаго, хасго бусурбан хIукумтазда ва Россиялда цIар рагIарав пачаликъалъул бутIер, дунялалда цIар рагIарав полководец.

ГIев Гьидалъа умумазул вукIин баян гьабула гьесул эбелалъул гIагарав чи (вацгIал) ГIашилтIаса Шагьав Шамилица Гьидалъе хъвараб ва цойгидалги кагътаз. [1]

Примечания [хисизабизе]

  1. Имам Шамиль ва гьид

Литература [хисизабизе]