Имам ГъазимухӀамад

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГъазимухӀамад
Байрахъ
Байрахъ
1-ев Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул имам
1829 — 17 октябр 1832
Хадув вачІарав: ХІамзат-бег
 
Дин: ислам, суннияб мазгьаб
Гьави: 1795
Генуб, Дагъистан
Хвей: 17.10.1832
Генуб, Дагъистан
Вукъун вуго: Гендерил гъазизабазул хабалалъ
Хъулухъ: Рагъул цевехъан


Имам Гъази-МухӀамад (гІур. Гази-Мухаммад) — Генуса имам Гъази-МухӀамадил тарихалдасан макъсуд буго гьес капурзабазулгун рагъги гьабун дагъистаналъул ва чачаналъул бусурбабазда гьоркьоб динул-ислам кинаб къагӀидаялда билълъанхъизе гьабулеб букӀарабали лъай.

Гьeв кӀудияв Аллагьасул вали, кӀудияв диналъул мужадид, бусурбабазул бахӀарчияв, гӀелмияв имам, Дагъистаналъул Генуб росулъ загьирлъараб гвангъараб шаригӀаталъул ва тӀарикъаталъул нур, ахирги жив бацӀцӀадаб нияталда гӀурусазда данде вагъулаго шагьидлъун хварав.

Гьесул тарих данде гьабизе цохӀого цо Генуса ХӀасанилав-дибир ургъун вуго. Гьес хъван буго гьаб багьа тӀадегӀанаб баянаб тарих. Гьев живгоги Генуса устар, шайих ГӀабдуллагь-хӀажиясул заманалда вукӀарав чи вуго. Амма нижеда жиб лъалареб гӀиллаялъе гӀоло гьесул гьaб багьа тӀадегӀанаб тӀехьалъул йа тӀаралъи-мукъадиматниги йа ахир-хатиматго гуреб имамасул гъазаватазулги ва хасго гъосул халил шагьидлъиялъул хӀакъалъулъги хъван бажарун гьечӀо.

Ялъуни гьеб данде гьабун тӀубазегӀан живго хун ун ватизе ккола. Ялъуни данде гьабулеб заманаялда цо щибниги гӀиллаялдалъун живго хвeзегӀан тӀубазе гьабун бажаричӀого букӀине бегьула.

Гьаб соналъул – 1369-леб гьижрияб – авалалда, дица генуса ГӀалил ГӀабдуллагьан абулев, лъикӀав, хутӀаразул хутӀарав, иман щулияв, жиндаса баракат щолев гӀалимчи, гьев имамасул цебесеб наслуялъул чи, гьесда ГьаракӀуниб кьезеги гьабун, босун гьениб ккун дица гьеб кинабго насху гьабун хъвана, ГьаракӀуниса дир гӀагарал чагӀазул цояв, нижер дибир жакъасев ГьаракӀунив вугев нижер кӀудияв имам, ва дир устарасул Пахрудин-апандиясул кваранаб квер Хабсури абулев чиясул кумекалдалъун. [1]


Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. http://avaristan.livejournal.com/3078.html