Гъазигъумекиса Жамалудин

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Жамалудин Гъазигъумукъи» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Гъазигъумекиса Жамалудин[1] (лак. Жамалуттин Гъази-Гъумучиял; 1788 яги 1792, Гъумеки — 1866, Истанбул, ГӀусманилазул империя) — дагъистаналъулав рухӀанияв ва жамгӀияв хӀаракатчи, накъшубандияб тӀарикъаталъул шайх,

Биография[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьавуна Жамалудин 1792 (1788) соналъ Гъазигъумекив. Хвана Стамбулалда 1866 соналъ. Гьев вукIана, Дагъистаналда гуребги, бусурбабазул улкабаздаги цIар рагIарав, накъшубандияб тIарикъаталъул устар, жамгIияв хIаракатчи, кIудияв гIалим. Гьесул эмен Макъабуттаца жиндаса бажарараб гьабуна доб заманалда рекъон васасе лъикIаб лъай щвеялъе. ЛъикIаб лъай-гIелму щвана Жамалудиние Гъуме-кибги, Кавказалдаги, ГIусманиязул ракьалдаги. Щвана гьесие кьучIаб лъайги. ЛъикI лъалаан турказул, персазул, гIараб ва Дагъистаналъул чанги мацIал. Лъалаан гIараб адабият, мантIикъ, фикъгьи ва гь. ц.. Гъазигъумекдерил Аслан-ханасул хъулухъалда гьесул иш тIубалев чилъун-гицин хIалтIана гьев гIолохъанаб мехалда. ГIемер заман иналдего гьеб хIалтIи рехун тана Жамалудиница ва, тIарикъаталдеги лъугьун, тIуванго диналде вуссана.

КIудияб асар гьабуна Жамалудиние 20-50-абилел соназ кIудияв гIалим, устар МухIамад Ярагъиясулгун (1771–1839) ккараб лъай-хъваялъ. Хадубккун гьес накъшубандияб тIарикъаталъе ижазаги кьуна Жамалудинихъе. Жамалудин-шейхас тIарикъаталъул нухде тIоритIана имам ГъазимухIамад, имам Шамил. Гьез кутакалда хIурмат гьабулаан жидерго мугIалим, шейх Жамалудинил. Доб Кавказалъул рагъул соназда Имаматалъул Диваналде гъоркье унел гIалимзабазул кьерулъ вукIана Жамалудинги. Шамил имамас гьабулеб ишалъулъ кидаго гIакълу цIехолаан жиндирго шейхасда. Гьеб гуребги, гьезда гьоркьоб гIагарлъиги букIана. Имамат биххаралдаса нахъе 1861 соналда Жамалудин-шейх Стамбулалде гочана. [2]

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. яги гӀараб куцалда Саййид Жамалудин ал-ХIусайни ал-Къибуди ал-Гъазигъумукъи ад-Дагъистани
  2. "Archive copy" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса (2011-05-01). Халагьи 2011-05-01.{{cite web}}: CS1 maint: archived copy as title (link)