Генуса ГӀабдуллагь-хӀажи

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Генуса ГІабдуллагь-хІажи» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
ГІабдуллагь-хІажи
гӀар. عبد الله حجي الغيمراوي‎‎
Гьавураб мехалъ букІараб цІар: Ражабилав
Хъулухъал: накъшубандияб тІарикъаталъул муршид
Гьави: 1269 гь.с.
Хвей: 1334 гь.с.
Пачалихъ: Халип:Флаг / Россиялъул пачалихъ
Миллат: магІарулав
Эмен: КІудияв ГІалимухІамад
Эбел: Рекъав Ражабил ГІайшат
Мадраса, мазгьаб: сунияб мазгьаб, тӏарикъатчи
МугІалимзаби: Унсоколоса
ГІабдуразакъ-хІажияв
Унсоколоса
ГІабдулагь-хІажияв
Муниса ГІабдусамад ва
Сугъралъа
ГІабдурахІман-хІажияв

Ге́нуса ГІали́мухІамадил ГІабдулла́гь-хІажи, цІикІкІун машгьурав вуго ГІабдулла́гь уста́р абун (гь. 1269 гь.с. Генуб, Россиялъул империя — х. 1334 гь.с. гьенивго) — тасавупалъул Накъшубандияб тІарикъаталъул щайих, муршид.


Гьесул хӏакъалъулI[хисизабизе | код хисизабизе]

Генуса ГІабдулагь-хІажияв гьавуна 1853 соналда имам Шамилил наиб КІудияв ГІалимухІамадил ва мурид Рекъав Ражабил яс ГІайшатил хъизамалда. ТІоцебесеб цІар гьесда букІана Ражабилав абун.

Гьев цІалана доб мехалда Генуб росулI дибирлъун вукІарав Унсоколоса ГІабдуразакъ-хІажиясда, Унсоколоса ГІабдулагь-хІажиясда, Муниса ГІабдусамадида ва Сугъралъа ГІабдурахІман-хІажиясда цеве.

1877 соналда гьев вукІана «хъанда-шаригІаталъул», ай къокъаб гъазаваталъул жигарав гІахьалчилъун. Жигараб динияб хІаракатчилъиялъе гІоло пачаясул хІукуматалъ, чанцІулго туснахъ гьавун, гьев Дагъистаналдаса къватІиве витІана.

1899 соналда, цадахъ муридзабазул кІудияб боги бачун ун, гьес борхана хІеж.

Гьарурал хІалтІаби[хисизабизе | код хисизабизе]

ГІабдуллагь-хІажияс бараб къулгІа

Гьесул хІаракаталдалъун Генуб росулъ гьаруна цІакъ гІемерал, гІадамазе пайдаял, кири цІикІкІарал хІалтІаби. Гьезда гьоркьор рехсезе бегьула:

  • Гендерил парсазде кьурулIан нух бахъи
  • мажгит гІатІидаби
  • иххидаса росу цІунизе щулалъаби гьари
  • къулгІа бай
  • имам ГъазимухІамадил зиярат къачІай.

Мадраса[хисизабизе | код хисизабизе]

ГІабдулагь-хІажиясул гІумруялъулъ хасаб бакІ ккола Генуб росулI XX гІасруялъул авалалда гьес рагьараб мадрасаялъ. Мадрасаялъе устарас бан букІана кІудияб, кІитІалаяб санагІатаб мина. МагІарухъ тІокІаб гьединаб, хасаб, киналго шартІал чІезарураб Мадраса букІин лъалеб гьечІо. ТІолабго Дагъистаналдаги, цІакъ къанагІат гурони, букІун батиларо гьеб тайпаялъул цІалул идара. Гендерил мадрасаялде хьвадулаан как-диналъул кьучІаздасан, Къуръан цІалиялдасан байбихьун камилаб гІелмуялде рахинегІан цІалулел цІивурзабиги, мутагІилзабиги, тІалибзабиги. Гьелги рукІана батІи-батІиял росабалъа рачІарал, батІи-батІиял миллатазул вакилзаби.

Хвел[хисизабизе | код хисизабизе]

КІудияв гІалимчи, шайих, тІарикъаталъул устар, жамгІияв гІуцІарухъан, динияв хІаракатчи, мискинхалхъалъул гьудул, гІадатияв инсан Генуса ГІабдулагь-хІажияв устар халкъалда жаниб цІакъ къадру цІикІкІарав, гІадамазе живгоги жиндиего гІадамалги цІакъ рокьулев, гІаламалъул жинде кІудияб мугъчІвай бугев чилъун вукІана.

Иргадулаб нухалъ пачаясул тІадтараз туснахъ гьавизе ахІун Шурагьиве унаго, гендерил мугІрузда тІад росо бихьулеб бакІалда шагьидаб хвелалдалъун гьев гІумруялдаса ватІалъана 1916 соналда.

Гьесул хІакъалъулъ назмаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Устар ракьалдаса ин халкъалъего захІматлъараб, гІаламалдаго унтараб лъугьа-бахъинлъун букІин бихьула гьев лъалезул асарал цІалулаго. Машгьурал шагІирзаби гурел, гІалимзабиги, рекьарухъабиги, ахихъабиги, ай, къокъго абуни, гІадатиял магІарулал назмаби гьаризе, жидерго рагІи абизе лъугьиналъго бихьизабула ГІабдулагь-хІажияв халкъалда жаниб цІакъго кІвар бугев, кІудияб даражаялъул, жинде гІадамазул божилъи цІикІкІарав Аллагьасул вали вукІаравлъи.

ХарачІиса Аминат
Устарасде
Бисмиллагьи ррахІмани ррахІим
Нилъер Халикъасул тавпикъалдалъун
ХІабибасул нухда халкъ тІобитІулев.
Дагъистаналдаго ц lap машгьурлъарав,
ЧІахІиял ханзаби мукІур гьарурав,
ТІолго устарзаби жинде мутІигІав,
Генуб шагьаралда чІвалеб шагьримоцІ.
Дуниял гвангъулеб багІар бакъ гІадав,
Щваги дур даража, XІажи-ГІ абдулагь.
ВачІине рагІула муршидун камил
МоцІрол хьибил ккурав, канаб цІва гІадав,
ГІелмуялда жаниб сирру гІадинав,
ХІабибасда хьолбохъ Сиддикъун агІзам,
Гъов жиндирго муршид цадахъги вачун,
Диналъул вацазде гьоболлъи базе.
Кванан гІорцІулареб хъахІаб чамасдак
Гьурщун бищун кванай диналъул вацал.
Гьекъон къеч чІвалареб Замзамалъул лъим
ЧІалгІинегІан гъекъе диналъул яцал.
Риццалъарал ракІал тІерен гьарулев,
Гъафлаталъул чурхдул чурун рацІцІунев,
СиратІалъул кьотІа цадахъ рачунев
Щваги дур даража, хІакъав мусаниф.
Жиндир гъапуялде цихІин сверарав,
Жиндир хІужрабахъе xlacpaт бергьарав,
Жиндир каламалъухъ гІашикълъарав чи
ГІарасалъул къоялъ къварид толарев.
Аллагь вокьулесе рокьул сабаблъун
РухІ бахъулеб къоялъ къаданив чІолев,
XІабиб хириясе даруялъул лъим,
Щвайги дур даража, жагІфару сиддикъ.
Мухтарасул камиллъи кинахъего щун буго
Воре, щула гьабун ккве, диналъул вацал-яцал,
БецІаб сордо гвангъизе релъедал моцІ баккула,
Баккун буго нилъее гьекъон гІорцІулареб лъим.
Алжаналъул нуцІида ц lap хъван батаяв шайих,
Дуца квер тІад лъеч Іони кинанха ниж рукІинел?
Фирдавсалъул мусудал насиб гьарун ратаяв,
Мун нижее щвеялъе щибаб рецц АллагьасеІ
Алжаналда жанивго хІавагІечул гъветІ гІадав,
ХІасратаца кваназе Аллагьас нилъей кьурав,
XІежрукъалда сверулеб тІавафалъул милъиршо,
Дур рокъосан баккулеб зикруялъул гьуинлъи.
ХІабибасул силсилат сабаблъун ккурав шайих,
Мун цевеса тІерхьани къиямасеб къо гурищ?
ЧІегІерлъарал ракІаздажаниббакулеб чирахъ,
Дур калам рагІарасул керен нуралъул цІолеб.
ЧІагІа-гІаракъи гьекъон гІабдаллъун мехтарасе
Гьекъезе шарабги кьун, гІакъил гьавун витІулев,
Къасаваталъул цІеца гьалаглъарал гІадамал
РакІал чурун, черх бацІцІун тавбуялде ахІулев.
XІабибасул РавзагІан нур гвангъарал хІужраби
Байтул магІмур абураб гІилиюналде аги.
Аллагьас дуе кьурал дунялалъул мусудул
ГІайишат, Хадижатгун ГІарасалде ахІаяв.
Бичас насиб гьарурал бараках бугел васал
ТІагьир Лайибгун цадахъ Фирдавсалде ахІаяв.
PaxІматлъун дуй гьарурал адаб бугел дур ясал
Расуласул ясазул силсилагун ахІаяв.
ТІоцебе Халикъасде, хадуб Расуласдеги,
Цинги устарасдеги аманат нижер, Аллагь
ГІарасаталъул къоялъ къварид тогеян абун.
Устарас квер тІад лъурай муъминзабазул эбел,
Муъминзабаз кваналеб алжанул нигІмат гІадай,
АхІаги мун РабигІат-ГІадавиятгун цадахъ
Фирдавус алжаналда Аллагь вихьун хІалхьизе.
Шайихас квербакъулел киналго загьидинал
Кавсаралъул лъималде ПатІиматгун ахІаги.
Гьесул балагьи щолел тІолго мутакъиназе,
Аллагь разилъиги щун, xІуснул хатимат кьеги.
Гьесул адаб цІунулел тІолго муъминзабазда
Алжанул рохел бицун Ризван малаик щваги.
Каранда цІа бакидал абурал рагІабазда,
ГІ абдалалъул paгІ иян, воре, гІемер релъуге.
Лугбуда сири байдал угьун биччараб хІухьел,
АхІмакъалъул хабаран, халгьабичІого тоге.
ХарачІиса Аминтил цІакъаб урхъараб салам
Генуса ГІайиштиде, диналъул яцаздеги.

[1]

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Template error: argument title is required.

МугъчІваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  • Ибрагьимов МухIамаднаби А. .
  • Ибрагьимов МухIамаднаби А. .