Бадруялъул гъазават

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Бадруялъул гъазават

Бадруялъул гъазават (гIараб мацIалда غزوة بدر)

Бадруялъул дарсал[хисизабизе | код хисизабизе]

Бадруялъул гъазават ккелалде бусурбаби къватIире рахъиналъе сабаблъун букIана къурайшиязул Шамалдаса бачIунеб караваналда тIад кверщел гьабизе бокьи.

Гьеб букIана бусурбабазде данде рагъулел капурзабазул боцIиялда бетIерлъи гьабизе бугеб ихтияралда рекъон ва бусурбабазухъа бахъун араб яги Маккаялда тезе ккараб боцIиялъул бакIалда букIине гьабураб сапар. Хадубккун БетIергьанас гьеб сверизабуна жеги тIадегIанаб амруялде. Ай Аллагьасул нухда дагIват гьабиялде ва дин тIибитIизабиялде.

Гъазават гьабилелде, нилъеда бихьулеб буго, Аварагас (жинда ссалат-салам лъеяв) асхIабзабазулгун мушавара (гIакълу дандбай) гьабураб куц. Жидер хIакъалъулъ вахIю бачIинчIел киналниги ишазулъ ТIагьаяс (жинда ссалат-салам лъеяв) асхIабзабазулгун гIакълу дандбалаан.

Гьелъие гIоло бусурбаби тIадрекъана киналниги, жидер хIакъалъулъ Къуръан-хIадисазулъ хIукму бачIинчIел ишазулъ, мушавара гьабизе ккей шаргIияб кьучI букIиналда. Бадруялде мушрикуналгун рагъизе иналде Абубакр-асхIабасулгун ГIумар-асхIабасул рахъалъан разияб жаваб щваниги, гьелдаги гIей гьабичIого, ансаразул пикру гьикъана Аварагас (жинда ссалат-салам лъеяв).

Гьелъул хIикматги букIана ТIагьаясе ансарияз, Мадинаялда жанив гьев вугони, цIунизе къотIи гьабун букIин гIакъабаталда.

Расуласе (жинда ссалат-салам лъеяв) лъазе къваригIун букIана гьеб къотIиги ккунищ гьел чIолел ялъуни гьезул кидаго исламги Аварагги (жинда ссалат-салам лъеяв) цIунизе БетIергьанасе гьабураб къотIийищ бугебали. Ансарияз кидаго БетIергьанасе ва Гьесул Расуласе (жинда ссалат-салам лъеяв) мутIигIлъизе хIадурал жал рукIин лъазабуна. [1]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Бадруялъул дарсал