Перейти к содержанию

Ас-Самаду

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Ас-Самаду (гIараб мацIалда االصمد). ХIажалъи ккараб мехалъ жиндихъе рачIунев ва къваригIел ккараб мехалъ жинде къасдги гьабулев, кинабго жоялъул кверщел жиндихъ букIиналъе гIоло.

ТIадегIанав Аллагьас Жиндир лагъзадерил диниял ва дунявиял мурадазулъ жинде руссуневлъун гьавурав ва жиндир квералдалъунги мацIалдалъунги гьезул хIажаталги тIуралев чи, гьев ккола гьаб «ас-самад» абураб сифаталдаса бутIа жиндие щварав чи. Амма мутIлакъав «Ас-самад» гьев ккола киналниги хIажатазулъ жинде къасд гьабулев чи. [1]

  1. ^ "Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса 2011-02-26. Щвей 2011-02-26.