Ал-Мужибу

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Ал-Мужибу (гIараб мацIалда المجيب). Жинца жаваб гьабулев.

Гьев ккола гьарулел чагIазул гьари жинца къабул гьабулев, дугIа гьабулезул дугIаялъе жинца жаваб гьабулев, чара-рес къотIаразул хIажат жинца тIубалев, хIатта гьаризегIанго жинца нигIматал кьолев чи. Гьеб кинабго жо ТIадегIанав Аллагьасул гурони букIунаро, щайгурелъул Гьесда лъала гьел гьаризегIанго хIажатал чагIазул хIажат. Гьесда гьеб авалалдаго лъазеги лъан, гьелъие сабабал рекъезарула квен-тIех бижун, гьелъие къваригIунел алатал ва цогидабщинаб къваригIунел жал рижун. Лагъги вукIине рекъола мужиблъун. ТIоцебесеб иргаялда жиндирго БетIергьанасе, Гьес гьабураб амрунагью тIубазабун, Гьесул ахIиялъе жаваб гьабун. Хадуб Гьесул лагъзадерие, Алагьас гьесие кьурал нигIматаздаса гьезиеги кьеялдалъун, кумек гьараравщинав чиясе, бажарулеб бугони, кумек гьабиялдалъун, бажарулеб батичIони, берцинаб жаваб гьесие кьеялдалъун. Свалат-салам лъеяв Аварагас абулеб буго: «Цониги чияс гIиялъа жоялъул бох кваназе ахIаницин, жинца гьесие жаваб гьабилаан. Цониги чияс гIиялъажоялъул ратIа жиндие сайгъат гьабуни, гьебги жинца къабул гьабилаан», – абун (Бухари). Авараг ахIараб бакIалде вачIинги, лъица ахIун ватаниги, гьес кьураб сайгъат къабул гьабиги ккола, цогидал кIодо гьариги гьезие жаваб гьабиги. Чан вугев чIухIарав чи жиндир къадараб гIамал бугев, бокьабокьараб сайгъатги жинца къабул гьабизеги, ахIаравщинав бакIалде инеги жив чIухIулев ва ахIарав чиясда квеш букIиналъул жинца ургъелги гьабуларев. Гьединав чиясе гьаб цIаралдаса щибго бутIа гьечIо. [1]

→ →[хисизабизе | код хисизабизе]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ