Аль-Хабиру

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Аль-Хабиру (гIараб мацIалда الخبير). Гьелъул мугIна ккола жиндаса батIиниял жал балъго хутIуларев.

Зобракьалда цониги жо лъугьунаро ва цониги зарра шуруларо ва чIоларо Гьесда лъан гурого. «ГIалим» абураб цIаралъулго магIна буго гьалъулги, кинниги батIиниял ва балъгоял жалазде гIунтIизабураб мехалъ гьелда «хибрат» абун абула ва гьеб жиндилъ бугев чиясдаги абула «хабир» абун. Гьаб цIаралдасан лагъасе бугеб бутIаги ккола жиндирго гIаламалда лъугьунебщинаб жо гьесда лъалеб букIин. Гьесул гIаламги ккола гьесул ракIги черхги, ва гьединго гьесул рекIелъ рахчарал сифатал: рекIкI, хиянат, дунял бокьи, квешлъиги балъго гьабун лъикIлъи загьир гьаби, ихлас букIунгутIигун цадахъ бугевлъун хIай гIадал. Гьеб кинабго жоялда хадувгъун вахъунаро жинца жиндирго нафсалъул хIалги бихьарав, гьелъул макруги гуккиги жинда бичIчIарав, «хибрат» бугев чи гурони, ва гьелдехун тушманлъиги гьабун гьелдасаги жив цIунарав. Лагъзадерида гьоркьосан гьединав чи ккола жинда «хабирилан» абизе мустахIикълъарав чи. [1]

→ →[хисизабизе | код хисизабизе]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ (хвараб регӀел)