Аль-ЛатӀифу

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Ал-Латıифу (гӀараб мацӀалда اللطيف). Жив гурхӀулев, хӀеренав.

Гьаб цӀаралъе мустахӀикълъула жинда балъгоял ва гӀисибикъиналгицин маслахӀаталги лъалев, гьел маслахӀатал рилълъине гьариялъулъ хӀеренлъиги хӀалтӀизабулев чи. Кинабго жоялда хадугъейги, гьабулеб пишаялъул хӀеренлъиги данделъани, «лутӀфу» абураб рагӀул магӀна камиллъула. Гьебги ТӀадегӀанав Аллагьасулъ гурони камиллъизе рес гьечӀо. Гьесул кинабго жоялда хадугъейин абуни, гьелъие гӀорхъи гьечӀо. Балъгояб жоги Гьесул гӀилмуялда загьиралда релълъун букӀуна, щибго батӀалъи гьечӀого. Гьесул гьабулеб ишалъулъ бугеб хӀеренлъиги гурхӀелги абуни, гьелъиеги гӀорхъи гьечӀо. Гьеб бичӀчӀизе ккани, цо-цоккун Гьесул афгӀалал лъазе ккола. Гьеб лъанагӀан, «АллатӀиф» абураб цӀарул магӀнаги гьесда цӀикӀкӀун лъала. Гьеб хъвазе ккани, гьелъие гьал нилъехъ ругел тӀахьал гӀоларо. ТӀадегӀанав Аллагьасул лутӀфуялдаса ккола эбелалъул чохьониб тӀинчӀ цӀуни ва цӀиноялдалъун кваназабун къватӀибе бачӀинегӀан гӀезаби. КъватӀибе бачӀун хадуб лъицаниги малъичӀого ва бихьизе гьабичӀого, эбелалъул керен кӀалдибеги босун гьеб хахизе илгьам гьаби. ХӀатта хоноги бихъун къватӀибе бачӀараб сагӀаталъ тӀинчӀалда лъала гӀодоса мугь бищизе. Гьединго лъимер гьабун хадуса хахулебгӀан заманаялъ гьелъул цабзазде хӀажалъи ккезегӀан гьел рижи нахърахъи. Цинги, квен чӀамизе хӀажалъи ккараб мехалъ гьел рижизари, цабиги – цоял бегӀерал, жидеца къотӀулеллъун, цоял – гӀебал, жидеца ххенолеллъун, батӀи-батӀияллъун гьари, кӀадиб лъураб тӀагӀам цабзазда гьоркьобе ккезабизе ва кӀалъазе мацӀ бижи, хӀатта цохӀо лукъма инсанасул ургьибе швезегӀан гьелда тӀад хӀалтӀулел гӀадамазулги гьабулеб хӀалтӀулги хъвазе лъугьани, гьеб хъван рагӀалде бахъинаро. ТӀадегӀанав Аллагьасул лагъзадеридехун бугеб лутӀфуялдаса ккола Гьес гьезда бажарулеб жо тӀадкъайги, гӀураб къадаралдаса цӀикӀкӀун гьезие жо кьунгутӀиги. Гьединго Аллагьасул лутӀфуялдаса ккола лагъзадерие къокъаб заманалда жаниб дагьа-макъаб гӀамалги гьабун, абадияб талихӀ щвезе рес кьей. Ай къокъаб гӀумруялда гьабураб гӀамалалъухъ ахираталда абадияб талихӀ насиб гьаби. Гьединго гьесул лутӀфуялдаса ккола ракалдаги биялдаги гьоркьоса бацӀцӀадаб рахь бачӀине гьаби, гьединго къвакӀарал гамчӀазда гьоркьоса къиматаб жавгьар бахъи, наялдаса гьоцӀо къватӀибе бахъи, хӀапароялдаса дарай къватӀибе бахъи. Гьеб кинабго бицун бахъунаро.

Лагъасе гьаб цӀаралдаса бугеб бутӀа ккола, хъачӀлъиги, хӀакъи-бакъир гьариги, дагӀбадиги жибго тун, гурхӀелалдалъунги хӀеренлъиялдалъунги Аллагьасул лагъзал Гьесухъе рачин ва ахираталъул талихӀалде гьел тӀоритӀиги. Гьелъулъ бищунго берцинаб лутӀфуялъул нухги ккола, Аллагь разилъулеб жиндирго хьвада-чӀвадиялдалъунги лъикӀал гӀамалаздалъунги халкъ хӀакъкъаб жо къабул гьабиялде рачин. Гьелъул асар цӀиккун букӀуна, берцинал, къачӀарал рагӀабазул асаралдаса.[1]

→ →[хисизабизе | код хисизабизе]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Аллагьасул берцинал цӀарал, МухӀаммадгӀариф РАМАЗАНОВ (хвараб регӀел)